Шагьар
Картаби рихьизаризе/рахчизе
|
Билкан (падар. Balakən, 1991 соналде щвезегӀан Белокан) — Азарбижаналъул Билкан мухъалъул идараталъул марказ, КӀудияб Кавказ мугӀрузул хӀатӀакь Белакенчай гӀорул рагӀалда (Алазаналъул гӀаркьел), Евлах — Лагодехи нухда, Евлах маххул нухалдаса 178 км севергун-бакътӀерхьуда бугеб. Гьеб ккола Азарбижаналда гъоркь бугеб аваразул шагьарлъун.
Билкан рехсон буго XII гӀасруялдаго, гьанир рукӀарал халкъал христианлъи диналде ахӀизе къеркьолев вукӀарав гуржиязул миссионер Пимен Блаженний сабаблъун.
|
Шагьаралда цӀунун буго XVII—XIX гӀасрабазул гӀажаибаб мажгит халатаб михӀмаргун. Музеялда ракӀарун руго гьаб икълималъул гӀадатиял кверзул махщалил тӀагӀелал, батӀи-батӀиял археологиялъул ракьулъ ратарал тӀагӀелалги.
Билканалда буго кӀудияб шагьаралъул парк 17,5 гектаралъул кӀодолъиялъул ва кварил нухгун.
2004 соналдаса бахъун Билканалда буго аэропорт.
Шагьаралда руго гӀемерал заводал.
Билкан ккола 1985 соналда бараб Евлах-Билкан маххул нухлул ахирияб станциялъун.
Мухъалъул марказ — Билкан шагьар Росаби: Байрам-бина | Беретросу | Гарагал | Горгиб | ГьетӀарабтала | ГъорахӀажиял | ГӀумалиб | КахӀабкилса | КацӀиб | КилсабукӀов | Колоб | Кортала | КьогӀаб-бина | Къабахчолиб | Къарабалиб | КъехӀросу | КӀатӀихъ | КӀодочиб | КӀудабтала | КӀулизан | МазумжонаббакӀ | Мазумкъарануб | Мазумтала | Малачилросу | Маликилросу | МахӀамалросу | МачӀаб-иццухъ | Муърузухъ | НуцӀиб | Оциязултала | Пириязухъ | Почбина | Пучкъара | ПуштӀатала | Рохьоб | РочахӀмад | Толиб | Тулуязулросу | Халатала | ХӀанапилросу | ХӀетав-росу | ЦӀунтӀолиб | ЧӀегӀерчиязухъ | ЧӀедерабтала | ЧӀинчӀартала | ЧӀоролиб | Шарип | Шумбул ЖамагIатал: Гарагал | ГӀумалиб | КацIиб | Колоб | Кортала | Къабахчолиб | КъехӀросу | КIатIихъ | МахӀамалросу | МачIаб-иццухъ | Оциязултала | Почбина | ПуштӀатала | Рохьоб | РочахIмад | Толиб | Тулуязулросу | Халатала | ХIанапилросу | ЦIунтIолиб | ЧӀедерабтала | Шарип | Шумбул |