Гьаб буго Къураналъул бицунеб силсилаялдаса цо бутІа |
Къуръа́н (гӀар. اَلْقُرآن — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТIадегIанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугIжизат бугеб, ва жибги рещтIараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухIаммад аварагасда ( жинда Аллагьасул цIоб рахIмат лъеяв).
Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цIунараб буго хисизабиялдаса, тIадцIикIизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):
ХIакълъунго, Дица рещтIана гьеб Къуръан. Ва Дун вуго гьеб цIунулев |
Къуръан буго аварагас жал рацIадал асхIабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакIарараб Абубакр асхIабас, ГIумар асхIабасул ишараялдалъун. ГIусман асхIабас жибги хъвараб, ва жинда тIад тIубанго умматги рекъараб.
Хирияб Къуръан буго TIадегIанав Аллагьас жиндие вокьулев МухIаммад Аварагасда ﷺ рештIинабураб тIехь, гьелдалъун жинца гIадамал жагьиллъиялъул бецIлъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-хIалалъул, талихI къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.
Къуръан букӀана аварагасдасан лъазабун ва къаламалъ хъван асхӀабзабаз. Аллагьас гьеб ЖабрагӀил малаикасдасан рештӀинабуна МухӀаммадихъе ﷺ . Ва гьеб рештӀула букӀана 23 (жеги битӀун 22 соналъ, 610 соналдасан 632 соналде щвезегӀан.) соналъ, тӀоцебесеб вахӀьюги букӀана аварагасул 40 сон бугеб мехалъ, Лайлатул-Къадралъ (Рамазан моцӀ).
Къуръан хӀакъалъулъ руго гӀемерал гӀелмиял хӀалтӀаби, бусурбабаз гьарурал гурониги капураз гьаруралги. Бищунго кӀудияб ва гӀаммабги камилабгилъун рикӀкӀуна Жалал ад-Дин ас-СуйутӀияс (1455—1505) хъвараб, «Къуръаналъул гӀелмабазул камиллъи»-абураб тӀехь.
Къуръан, исламалъул догматикаялде рекъон, — буго:
Цо-цо исламиял пачалихъазда бусурбабазул гӀадат - суннатгун Къуръан буго Къануналъул аслу, динияб рахъалдасанги, гражданскияб ва уголовнияб рахъаздасанги.
Къуръан Викикъамусалда | |
Къуръан Викицитатаялда | |
Къуръан Викимактабалда | |
Къуръан Викигъамасалда |
Халип:Къуръаналда рехсей гьабурал гІадамал