Тахшагьар

Тахшагьар ккола пачалихъалда, вилаяталда, штаталда ялъуни цогидаб административияб икълималда нухмалъиялъул бакІ хІисабалда жиндир бетІераб статутс бугеб муниципалитет. Гьеб ккола бетІереб шагьарлъун, жинда жаниб хІукуматалъул гІуцІиялги данделъаби гьарулеб бакІги бугеб; тахшагьаралъул статусалъе гІемерисеб баян кьун букІуна гьелъул къануналъ яги конституциялъ. Цо-цо юрисдикциязда, чанго пачалихъалда бугеб, хІакимлъиялъул батІи-батІиял гІаркьалаби рукІуна батІи-батІиял гІумру гьабулел бакІазда. Цо-цо нухалда батІалъи гьабула официалияб (конституциялъулаб) тахшагьаралдаги жиб батІияб бакІалда бугеб хІукумат букІунеб бакІалдаги гьоркьоб.

Жал аслиял экономикаялъулал, демографиялъулал, маданияталъулал ва интеллектуалиял централлъун рукІунел тахшагьаразде гьединго абула тІоцересел шагьаралилан (приматиял шагьар). Мисалаллъун рачине бегьула Афинал, Банкок, Пекин, Брюссел, Копенгаген, Къагьир, Лондон, Мехико, Москва, Париж, Лима, Сеул ва Токио.

Терминология

Тахшагьар абураб рагІи Авар мацІалде бачІун буго парс мацІалдаса; гьеб рагІи лъугьун буго тах ва шагьар абураб рагІабаздаса, жинда жаниб тах бугеб шагьар абураб магІна буго гьелъул. Административияб мартабат гІодобегІанал икълимазул хІакимлъи жаниб бугеб бакІалъе цо-цо пачалихъазда хІалтІизабуларо тахшагьар абураб термин, хІалтІизабула, мисалалъе, термин "административияб марказ".

Тарих

Тарихиял тахшагьарал

Гьанжесел тахшагьарал

Гьаризе ракІалда ругел тахшагьарал

БатІиял тахшагьарал

ХІукуматалъу гІуцІи жаниб гьечІеб тахшагьар

ТІасан дагІба бугел тахшагьарал

Тахшагьар символ хІисабалда

Тахшагьар ва рагъулаб стратегия

Балагье гьединго

ХІужжаби